Тавбуялъул ва сабруялъул моцI

20 Май 2017
983

Рамазан буго Аллагьасде ине бокьарав чи Аллагьас къабул гьавулеб моцI. Гьаб буго гIумруялъ жиндир кIарчанлъи ккарав чи, РахIманасул рагьдухъ кIутIулеб моцI. Щибаб сардилъ Аллагьас ахIулеб буго: «Вугищ мунагьал чуризе бокьарав чи, Дица гьесул мунагьал чуризе руго. Вугищ дугIа гьабулев чи, Дица гьесул дугIаялъе жаваб гьабизе буго. Вугищ Диде вуссине бокьарав чи, Дун гьесде вуссине вуго», - ян. Гьалдаса кIудияб рахIмат инсанасда дунял-ахираталда дандчIвазеги гьечIо. Гьаб давла босарав чиги вуго талихIав ва гьаб давлаялдаса махIрумлъарав вуго талихIкъарав.

Пикру гьабеха, дур буго гIемераб боцIи, лъимал, кIудияб мина, лъикIаб машина, хъулухъ. Амма ахираталда дуда абуни, дур мунагьал чуричIин, щиб пайдаха ккараб гьесул магIишаталдаса? Гьединлъидал, нилъеца Аллагьасе рецц гьабизе ккола рамазаналъги нилъ чIаго таралъухъ. Чан чи вугев араб соналъ нилъеда цадахъ вукIарав, амма исана нилъгун таравихIал разе кIвечIев, чан чи хварав, чан чи унтун бусада лъурав?

КIал кквей ккола иманалъул ункъил бутIа гьабун цо бутIа. Щайгурелъул, аварагас абун буго: «КIал кквей буго сабруялъул бащалъи», - ян. Хадубги хирияс абун буго: «Сабру ккола иманалъул бащалъи», - ян. Жакъа инсанасда гIемераб жоялъул хIисаб гьабун бажарула, техника буго цебетIун, компьютералъ гIемераб жоялъул хIисаб гьабула, амма сабру гьабурав чиясе букIунеб кириялъул хIисаб лъихъаниги гьабун бажаруларо. Гьеб хиралъиги буго кIал ккурав чиясе. Цоги, аварагас абун буго: «Алжаналда жаниб буго рагьу, гьелда цIарги буго Раяян абун. КIал ккурав чи гурого гьеб рагьдухъан лъугьунаро», - ян. Гьеб ккола хирияв аварагасул рахъалдасан бугеб къотIи, ай кIал ккурав чи алжаналъуве лъугьинавизе вугин абураб. Хадубги аварагас къотIи гьабулеб буго гьадин: «КIал ккурав чиясе буго кIиго рохел: кIал биччаялда аскIоб ва Аллагьгун дандчIвайдал бугеб рохел». Гьелдасан нилъеда бич1чIулеб буго кIал ккурав чи Аллагьгун дандчIван вохизе вугин абун.

Хирияс абулеб буго: «Щибаб жоялъул букIуна рагьу, гIибадаталъул рагьу буго кIал кквей», - абун. Сундулго букIуна байбихьи: мина балаго кьучI лъола, къадал рала, тIох гьабула. Гьелъул гIаксалда, цин къадалги ран хадуб кьучI лъоларо. ГIибадатги инсанасухъа лъугьине ккани инсанас кIал ккола. Щайгурелъул, кIал кквеялдалъун инсанасул бидурихьал къварилъула, бидурихьал къварилъидал гьесул чорхолъ щайтIаналъе чIезе бакIги хутIуларо. ЩайтIан чорхолъ бугеб напсалда Аллагь лъазе рес гьечIо. Гьединлъидалин аварагас абураб: «КIал кквей гIибадатазул рагьу буго», - ян.

Рамазан буго лъикIлъаби гьарулезул моцI. ГIемерал гIадамал рукIуна тIубараб лъагIалица мунагьал гьарулел. Масала, кучIдузухъ гIенеккун, руччабигун жуван, хъалиян бухIиялда даимлъун. ХIатта щибаб къойил цо-цо пачка хъалиябазул бухIула. Гьеб тезе кIоларинги гаргадулел рук1уна. Амма кIал ккурав чиясда хъалиян тезе бигьаго кIола. Гьединлъидалин рамазаналъ тавбу гьабизе, мунагьал рехун тезе жигар бахъизе кколеб. Амма кири щвезе ккани, ракъи-къеч теялдалъун къокълъуларо. КваначIого индусалги чIола, гьекъечIого вараниялъги яхI бахъула. КIалалъул кири щвезе ккани цIунизе ккола адабал. Лъазе ккола кIалалъул кири щиб гьабидал холебалиги. Аварагасул заманалда кIиго чIужугIадан, бухIараб салул авлахъалда кIалги ккун, кутакалда яхI хун, лъавудаса инехъин рукIун руго. Гьез аварагасухъе чи витIун вуго жидерго бугеб хIалги бицун. Аварагас гьезие жавабги кьечIого, гьезухъе битIун буго цо цIарагI, нужеца кванараб жо гьалде жанибе лагIейиланги абун. Руччабаз гIажаиблъи гьабун ва аварагас малъараб гьабизе кколелъул, гьел цIарагIалъубе лагIун руго. Гьезги лагIун буго гьанал кесек ва бидул реччел. Цинги гIадамаз гIажаиблъи гьабун буго. Аварагас гьезде хабар ккезабун буго нужеца кIал ккун букIанин Аллагьас хIалал гьабураб жоялдасан, ай хIалалаб квен, лъим тун ва амма нужеца кIал хвезабунин хIарамаб гъибаталдалъун. Гьеб нужеца лагIараб жо бугин, нужеца гIадамазул кванараб гьан. Гьеле гьедин инсанас тIубараб къоялъ ккураб кIалалъул кири хвезабулеб буго гъибаталдалъун, мацI гьабиялдалъун, гьереси бициналдалъун.

ХIабиб-хIажи ГIисаев, Шамилхъала поселокалъул имам

Самые интересные статьи «ИсламДага» читайте на нашем канале в Telegram.