КIал ккун моцIалъул адабал

30 Май 2017
1020

«Аллагь разилъулеб мурадалде инсан щвечIо адабалдалъун гурони, гьеб мурадалдасаги махIрумлъичIо адаб теялдалъун гурони».

Нилъее ТIадегIанав Аллагьас нигIматлъун кьураб Рамазан моцIалъухъ БетIергьанасе щукру гьабизе ккей бусурбабазе цIияб жо гуро. Гьеб моцIалъ Аллагьас нилъее рес кьун буго нилъерго тIагIатги бацIцIад гьабун Аллагьас мунагьал чурулеллъун рукIине. Нилъеца Аллагьасе щукру гьабунани Аллагьас нилъее кириги цIикIкIинабула, гьеб гIемерго цIакъ бараб буго Аллагьасда цебе нилъер ракI бацIцIалъиялда.

Аллагьасе нилъеца щукру гьабулеб букIин бичIчIула Аллагьас малъухъе Рамазан моцIалъул адаб цIунулеб букIиналдаса.

Рамазан моцIалъул адабаздасан ккола:

1. Рамазан моцI Къуръан цIалун, Аллагь рехсон, рес букIун щуябго как жамагIат гьабун бан, рес бугони мажгиталъуб бан рукIин. Пайда гьечIел пишабазда заман гIадада хвезабунгутIи.

Жинда Аллагьасул салам лъеяв Аварагасул хIадис буго: «Рамазан моцIалъ гьабураб суннатаб гIамал кириялъул рахъалъ Аллагьас паризаяб гIамалалъул даражаялде бахинабула»,- ян.

2. Рамазан моцIалъ таравихIалъул какде хьвади.

Гьел каказде лъимал ва лъималазул лъимал рачинеги, гьезда какал гьуин гьаризеги лъикIаб буго.

Жиндаса Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIабас абун буго: «КигIан лъикIаб бидгIаха таравихIазул какал разе хьвади бугеб», - ян. ТаравихIалъул какал кIвар кьезе ккараб суннат буго, цо-цо гIалимзабаз паризаяб бугинги абула.

3. Рамазан моцIалъ мажгиталде таравихIалъул какал разе рачIаразда цере имамзабаз, дибирзабаз вагIзаби-насихIатал гьаризе ккола, иман-исламалъул рукну-шартIал малъизе ккола ва гIенеккизеги, бицараб гIадахъ босизеги ккола.

4. Рамазан моцIалъ кIал ккурав чияс хIарамаб жоялдасаги, хIалалаб букIаниги Аллагьасдаса ракI нахъе цIалеб жоялде балагьиялдаса бералги, гIенеккиялдаса гIундулги, кIалъаялдаса мацIги нахъчIвазе ккола.

Жинда Аллагьасул салам лъеяв Аварагасул хIадис буго: «КIал ккурав чиясул кири мукъсан гьабула щуго жоялъ:

1 гьереси бицин;

2 чиясда нахъасан кIалъай;

3 мацIгьаби;

4 гьересиго гьеди;

5 шагьваталдалъун чияр чIужуялде балагьи», - ян.

5. Рамазан моцIалъ дагIба-рагIи гьабичIого чIей, хьандон, семун, вагъун лъугьунгутIи. Гьедин лъугьунев чи дандчIвани, дун кIал ккун вугиланги абун, нахъе ин.

6. Рамазан моцIалъ батIаго тIокIал, лъикIал тIагIамал чIезаризе лъугьинчIого, гIадатлъун батараб кванда гIей гьабун чIей.

«Гьеб нафс квегъулеб моцI бугелъул, цогидал моцIаз кваналелдаса батIияб цIикIкIун квен кванаге», - ян хъвалеб буго Аллагь разилъаяв имам Гъазалияс.

ХIарамаб, щаклъи бугеб квен Рамазан моцIалъ аскIобе къазего тезе бегьулареблъиги лъазе ккела щивав бусурманчиясда.

7. Рамазан моцIалъ цIакъго хирияб буго цебехун как хутIарав, гьекъелалъулгун хурхен букIарав, зулму гьабурав, зина гьабурав, хъалиян бухIарав чияс тавбуги гьабун гьездаса инкар гьаби, гьелги гьел гурел квешал пишабаздасаги ракI бухIун тавбу гьаби. Гьеб пикру ритIухъ гьабизе кIиго хIадис буго. Аварагас абуна: «Рамазаналъул тIоцебесеб сордо бачIараб мехалъ Алжаналъул каваби рагьула, жужахIалъул нуцIби къала, щайтIабаздаги, квешал жундуздаги гудрал рала. Аллагьасул рахъалдасан малаикзабаз ахIила: я, мун лъикIлъиялда хадув лъугьарав чи, дуца лъикIлъиялда тIадчIей гьабе, я мун квешлъиялда хадув вилълъарав чи, дуца квешлъи рехун те», - ян.

«Дихъе Аллагьасул салам лъеяв ЖабрагIилги вачIун гьес абуна, Рамазан моцIги щун мунагьал чуричIев чи Аллагьас рикIкIад гьавегиян, дицаги жаваб кьуна Амин», - абун.

8. Рамазан моцIалъ, хасго кIал биччалеб мехалъ дугIа гьаби.

Хирияб хIадисалда абулеб буго: «КIал биччан хадуб гьабураб дугIа нахъчIваларо», - ян.

9. ГIага-божарал, гьудул-гьалмагъзаби, мискин-пакъирзаби ахIун гьезие маркIачIуда кIал биччазе квен кьей.

Хирияб хIадисалда буго: «КIал ккурав чиясда маркIачIуда квенги кьун кIал биччазабуни мунагьал чури ва жужахIалдаса тархъи гуребги дов кIал ккурасеги мукъсанлъичIого гьесие щваралда бащадаб кири хъвала».

ЦохIо чамасдак кьуниги, къулчIизегIан лъим кьуниги щола гьединабго кири.

I0. Мажгит-мадрасабазе кумек цIикIкIинаби, мискин-пакъиразе садакъаби гIемер гьари.

Нилъер Авараг кидаго цIакъ сахаватав, квер биччаравлъун вукIунаан, Рамазан моцIалъни гьев кьолеб жоялдаса сунцаго кколев вукIинчIо.

11. Рамазан моцIалъ рукъалъул агьлугун воха-хинлъун, ракI гIатIидго вукIине, гьезие сайгъат-салам гIемер гьабизе, гьезие бигьалъаби гьаризе лъикIаб буго.

12. Рамазан моцIалъ сардилъ тIадеги вахъун Аллагьасе тIагIат гьаби, какал рай.

Хирияб хIадисалда буго: «Рамазан моцIалъ къад ракIбацIцIадго Аллагьасе гIоло кIалги ккунани, сардилъ тIаде вахъун гIибадатги гьабунани, эбелалъ гьавураб къоялъгIадин мунагьаздаса вацIцIалъула», - абун.

13. Унтаразухъе ваккизе ин, эбел-инсул, хириял чагIазул, устарзабазул зияраталде хьвади.

Хасго гьеб беццараб буго рузман сордоялъ, рузман къоялъ, шамат къоялъ.

14. Радакь вахъун кванай.

Гьелъул хIакъалъулъ хIадисазда буго: «Цоги кваназе жо батичIони яги бокьичIони, цо нухалъ лъим къулчIунги, цохIо чамасдак квананги кванай», - абун. Радакь кванаялда жаниб баракат цIикIкIун букIуна.

15. Мажгитазда, игIтикафалда, ай Аллагьасухъ ракI балагьизабун чIей.

Ниятги гьабун игIтикафалда чIеялъул бищун дагьаб къадар цо лахIзат буго. Жинда Аллагьасул салам лъеяв Аварагас игIтикафалда тIадчIей гьабулаан, хасго ахирисеб 10 къоялда жаниб.

Аллагьас нилъее тавпикъ кьеги хирияб Рамазан моцIалъул адаб гьабизеги, гьеб кIудияб Аллагьасул нигIматалъухъ щукру гьабизеги.

КъурамухIаммад-хIажи Рамазанов.

Самые интересные статьи «ИсламДага» читайте на нашем канале в Telegram.