КIулал кIочарал

6 Июнь 2017
852

Хириял бусурбаби, гIемерисеб нилъ кантIи бихьараб жоялдаса букIунелъул, дие бокьун буго диего цIакъ асар гьабураб ва нилъер гIумруялъул мисаллъунги бугеб лъабго гIолохъанчиясул ккараб къиса бицине.

Лъабго гIолохъанчи вукIанила улка бахун къватIире хIалтIизе рахъун. Гьениб гьезул чIолеб бакI букIанила 75 тIала бугеб гостиницаялда. Ахирисеб тIалаялда гурони чIобогояб рукъги батичIого, гьез 75 тIалаялда ккунила рукъ.

Гостиницаялъул хIалтIухъанас гьезда абуна: «Нижер гьаниб нужер улкаялда гIадаб низам гьечIо. Нижер гостиницаялда лифтазул нуцIби къала къаси анцIго тIубарабго ва радал щуго тIубазегIан рагьуларо, ай рогьинегIан гьел  хIалтIуларо. Гьединлъидал, нуж кватIичIого рачIа рокъоре, гьел къан хадуб тIокIалъ рагьизе рес букIунаро. ЛъикI бугин гьел гIолохъабазги абунила. 

ТIоцебесеб къоялъ гIолохъаби къватIире рахъана жидерго ишалъ ва анцIго тIубалалде нахъги руссана. КIиабилеб къоялъги гьел гьединго нахъруссунел рукIана, амма нухда машинаби гIемерлъун, щуго минуталъ кватIун щвана. Гьез гостиницаялъул хIалтIухъабазда гьарана лифт хIалтIизе биччайин. ПалхIасил гьел мурадалде щвечIо ва лъелго рахине ккана 75 тIалаялде.

Гьезул цояс абуна рачIайин  чIалгIинчIого букIине щивас 25 тIала бахинегIан къиса бицинейилан. Гьедин гьабуни нилъеда  захIмалъи лъазе гьечIин. Цогидалги гьесда тIад рекъана ва тIоцевесес абуна: «Дица нужее бицина нужер чахьал унтизарулел, нуж релъанхъизарулел къисаби ва харбал», - абун. Цогидаз абуна: «ЛъикI буго. Гьеб буго нижее къваригIараб жоги, бице», - ян. Цинги цIакъ кепалда,  лъазего лъачIого гьез нахъа тана 25 тIала.

Гьанже ирга щвана кIиабилесде. Гьес абуна: «Дица нужее рицина пайда бугел, пикру гьабизе тIамулел къисаби ва харбал», - ян. Гьез абуна: «ЛъикI буго, бице», - ян ва гьединал къисаби-харбал рицунаго гьез нахъа тана жеги 25 тIала. Лъабабилесде ирга щведал, гьес абуна: «Дидани пашманал гурони къисаби лъаларо», - абун. Цогидаз абуна: «Рице. Гьезухъги гIенеккун свакан рукIаго нилъ щвела рокъоре ва макьуги бергьун кьижизе рахина», - ян. Гьанже гьас байбихьана бицине ва гьедин рукIаго дагь-дагьккун гьал щвана ахирисеб тIалаялде. Рукъалъул нуцIида аскIоре щолеб мехалъ гьал рукIана цIакъ свакан, кеп гьечIого. Гьеб мехалъ, «Гьанже дица бицина ахирисеб ва бищунго пашманаб къиса», - янги абун, гьес бицана:

«Нилъеда рукъалъул кIулал кIочана гостиницаялъул хIалтIухъанасда аскIоб, тIоцебесеб тIалаялда», - ян. Цинги гьеб хабар лъайдал кутакаб свакаялъ ва пашманлъиялъ гьел кIотун ккана.

ХIакъикъаталдаги балагьани гьал гIолохъабазе ккараб лъугьа-бахъин релълъун  буго нилъер гIумруялда. Гьез толел тIалаял релълъун руго нилъер гIумруялъул соназда.

Нилъер гIадат буго гIумруялъул байбихьуда 25 сон ихтилат-кепалда тIобитIулеб. Гьел сонал ккола тIагIат-гIибадат гьабизе ва ахираталда батулеб жоялъе хIалтIизаризе гIумруялъул бищунго лъикIаб заман. Кинниги, нилъеда ккола хадуб гьабизеги рес бугин. БетIергьанас хIадисул къудсиялда абулеб буго: «Я, Адамил лъимер, мун дурго гIолохъанлъиялда божуге. Чан гIолохъанчи вугев жинда тIаде тохлъукьего хвел бачIунев».

Цинги 25 сонидаса 50 сон базегIан, нилъее бокьаниги, тIоцебесеб 25 соналъ букIараб гIадинаб рес букIунаро ахираталъе гIамал гьабизе. Щайгурелъул, нилъеца гьабула хъизан ва гьезул ургъел, магIишат гьабулаго уна гьеб 25 сонги. 50 сон тIубаралдаса гьев вукIуна лъимал рукъалде русинариялъул ургъалида. Гьесулъ раккула унтаби ва больницалде хьвадулаго, дараби росун гьел хIалтIизарулаго уна гьеб 25 сонги. Ахиралда, хвел тIаде щведал, гьесда ракIалде щола бищунго къваригIарал – Алжаналъул кIулал кIочон ругеблъи. Гьев чIового, пашманлъун, ракIбухIун щола БетIергьанасда цеве. Гьабураб-таралда пашманлъун, жиндие букIине бугеб гIазабги бихьун, гьес абула: «Гьанже дун дунялалде тIадвуссине гьавулевани лъикIаб гIамал гьабулездаса вукIинаан», - абун. Гьеб мехалда гьесие жаваб гьабула БетIергьанас Хирияб Къуръаналда абухъе:

  بَلَى قَدْ جَاءتْكَ آيَاتِي فَكَذَّبْتَ بِهَا وَاسْتَكْبَرْتَ وَكُنتَ مِنَ الْكَافِرِينَ) ( سورة «الزمر) 95 آية

МагIна: «Киса (дуе нахъвуссин гьечIо), духъе Дир расул вачIана, хIакъаб каламги бачIана. Дуца гьеб гьереси гьабуна, Дида иман лъезеги чIухIана. Мун вукIана хIакъаб диналда жидеца инкар ккурал гIадамаздасан», - абун.

Нилъер рукъ чанабилеб тIалаялда бугебали лъаларелъул, рачIа бусурбаби, байбихьудасаго мухIкан гьабун, нилъедаго ратулел гIамалал гьарун, нилъее ахираталда къваригIарал кIулалги росун хьвадизе.

МухIаммад МухIидинов,

ЧIарада район, Рулдаб росу

Самые интересные статьи «ИсламДага» читайте на нашем канале в Telegram.