Вацапалъул мунагь

19 Июль 2017
1040

ГьитIинабин гIадамаз тараб цIакъ кIудияб мунагь интернеталда аза-азариде бахуна

Жакъа рокъобги, къватIибги, бусалъги, хIажатханалдагицин гIадамаз кодоса биччалеб гьечIо телефон ва бер тIаса босичIого балагьун рукIунел руго гьелъул экраналде. Кидаго цоцахъе хъвадарилел, роликазухъ балагьун релъанхъулел рукIунел руго. Интернетги, соцсеталги, дунялалъул рокъоб магIишат цебетIейги кинабго ахирзаманалъул нигIматал руго Аллагьас нилъее кьурал, бокьарас квешалдалъун, гIакълу бугес лъикIлъиялъе хIалтIизарулел.

Амма кидаго кIочене бегьуларо нилъер кинабго хьвада-чIвади, щибаб рагIи щибго жо гьоркьоб толареб «камераялъ» бахъулеб букIин.

Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб аят:

مَا يَلْفِظُ مِنْ قَوْلٍ إِلَّا لَدَيْهِ رَقِيبٌ عَتِيدٌ سورة ق اية 81

МагIна: «Абуларила чияс цониги рагIи Ракъиб ва ГIатид малаикзабаз хъван гуреб».

Киниги цо жо халкъалда гьоркьоб машгьурлъараб заманалда гьелдаса гьукъун рикIкIад чIезе кигIан бокьаниги цIакъ захIмат букIуна. Жакъа интернеталдаса цIакъ санагIат буго хIалтIи гьабизеги, цебе дандчIван гурони тIураларел рукIарал суалал дунялалъул рагIалда вугес цогияб рагIалда вугесулгун тIубалеб буго.  ХIатта хъизангицин интернеталъул кумекалдалъун гьабулеб буго. Интернетги, телефоналги, хутIарабги халкъалъе гьукъун бажаруларо, амма нилъеда тIадаб буго гьеб кинабго исламалъул нухдасан бачине. Нилъгоги нилъер хъизан-агьлуги квешалдаса цIунизе ва битIараб нух кквезе.

Вацапалъул мунагьал

Жакъа нилъер гIемерисезул телефонал кодоре росун жанире раккани, гIемерал мунагьазул цIун ратула. Дица абулеб гьечIо гьенир чорокал роликал ратулин, гьединалги камулел ратиларо. Амма нилъеца гIемерисез рекIелгъеялъе цогидал релъанхъизаризе цоцахъе ритIулел жал цIакъ кIудияб пашманлъиялъул  Къиямасеб къоялъ нилъее балагьлъун ратизе бегьулел руго.

Щал гьелин гьикъани, ваккеха щивав жиндирго телефоналъуве, щал суратал, щал роликал, щал харбал гьенир ругелали. 

Гьал телефоналги камерабиги раккаралдаса цIакъ гIемер лъикIабги квешабги бахъана гIадамаз ва къватIиб цIезабуна. Цо пуланав чияс мунагь яги къабихIаб пиша гьабулеб бахъун букIуна ялъуни цо бихьинчи яги чIужугIадан санагIат гьечIеб хIалалда ругеб мехалъ бахъун батула цогияз, гIодов кколев, гьороца ретIел борхизабулеб, чи холев яги чIвалев, аза-зар батIи-батIиял лъугьа-бахъинал.  Камераби кирго ругелъул, чиясе бокьаниги бокьичIони бахъун кколебги буго ва гьединго чияр гIадамазухъе щвезе ресги букIунеб буго.

Бищун машгьурал мунагьал ва гьезул кIодолъи

Гъибат, бугьтан, гIадамал инжит гьари, гьереси бицин, мацI гьаби, чияр гIажизлъи-хатIаялда тIад релъанхъи. Кепалъейин абун пуланаб ролик, сурат, хабар, кечI-бакъан яги цогидаб жо чияхъе битIилалде ургъизе ккола гьеб пишаялъулъ хIарамлъи бугищали. ЦIакъ кIвар гьабизе ккараблъун буго гьаб хадуб рехсараб пиша. Чиясда бищун гьитIинабин ккараб, амма халкъалда гьоркьоб жиб бессараб ва цIакъго кIудияб мунагьлъун ккола гъибат-бугьтан. Гъибат бугоха чиясул хIакъалъулъ гьесие бокьулареб жо аби, гьеб хIакъикъаталда бугониги -  «дов сурукъав вуго, гIантав-тохав вуго, мегIер кIудияв, мискинав, загIипав, жагъалав, къокъав, чIегIерав-хъахIав, бохдул гьетIарал руго» - гьедин батIи-батIиял хIалал ва сипатал рехсон чиясда тIасан кIалъай, нахъасан абуниги бадибе абуниги. Пуланав чиясдасан кIалъалаго гIадамаз абула: «Дица бугеб жо абулеб буго, досда бадибеги абизе кIола», - ян. Кин абуниги гьеб буго гъибат, чи хIакъир гьави.  

ورد في الخبر الغيبة أشد من ثلاثين زنية في الاسلام

Гъибаталъул хIакъалъулъ абулеб буго гьеб лъеберго зина гьабиялдасаги мунагь цIикIкIараб бугин. Бугьтан – гьечIеб жо чиясде гIунтIизаби ва гъибаталдасаги кIудияб мунагь. Хирияб Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас I ва хIадисазда салат-салам лъеяв аварагас гIадамазда тIасан гьел инжит гьарун кIалъалел гIадамазул гьан кванайлъун бугин абун буго. Хварав вацасул гьан кванай нилъее кигIан къабихIаб пишалъул бугеб? Гьединаб, сурукъаздасаги сурукъаб иш кколеб буго цогидазул хIакъалъулъ квешаб рагIи аби. 

Хирияв Аварагас e МугIазиде гьабураб хитIабалдаги руго гьадинал магIнаялъул рагIаби «… кIалалъ, мацIалъ абулел рагIабаздалъун дуца гIадамал тIутIун раге, гурони жужахIалъул гьабзаз мунги тIутIун вазе вуго» (Абу Наим, «аль Хулият» (40/10)).

Гьал муназул кIодолъи нилъеда лъаниги ва гьаниб хъвазе бигьаго бугониги, гIумруялда гьел гьаричIого тезе цIакъ захIматаб иш буго. Нилъедаго лъачIого ккезе рес букIуна. Тавбуялда даимлъи гурони хвасарлъиги гьечIо.  Амма гъибат-бугьтаналдаса цин нилъеца хIакъир гьарурал тIаса лъугьинаризе ккола.

Мунагьал интернеталда аза-азариде рахуна

Щивасул вацапалда рукIана цо чанго къукъа ва щибалдаги вукIуна анцI-анцI, нус-нус чи. Цо лахIзаталда гIаламалъухъего щола лъикIаб букIа гъоб яги къабихIаб букIа ролик, сурат. ХIадисалда буго цо квешаб иш гьабизе бащадаб рагIиялдалъунгицин кумек гьабурав мунагьалъулъ гIахьалчи вугилан. Масала, дур квералдалъун цо чиясул ккараб мунагь-хатIа яги гьев хIакъирав куцалда бугеб суратниги битIани интернеталдасан Ютюбалде ва цогидалги соцсетазде ва къукъабазде, гьеб къокъаб заманалде аза-азар чиясда бихьун батула. Гьел киналгоги ккола мунагьалъукье мун сабаблъун ва дур мунагьги гьелда бащадго кIодолъула. Гьеб ролик, сурат, кечI-бакъан халкъалда гьоркьоб сверулеб бугебгIан заманалда мунагьалги цIикIкIунел рукIуна. Къиямасеб къоялъ гьевщинав чи нугIлъунги чIола ва дуе жаваб кьезеги кутакалда захIмалъула.

Гьелъул гIаксалда, лъикIаб вагIза-насихIат, Къуръаналъул аятал, хIадисал, лъикIал малъа-хъваял тIиритIизаруни, гьеб щварав чиясул, гьелда нахъвилъун лъикIлъи гьабунщинасул кири дуеги щола.

Инсан хун хадубги гьесул лъикIлъиялъул яги квешлъиялъул асар интернеталда бугебгIан заманалда гьеб пишаялда рекъараб кири яги мунагь хъвалеб букIуна.

ГIалимзаби, исламалъул дагIватчагIи ана дунялалдаса, амма гьезул вагIзабиги макъалаби руго интернеталда ва гьездасан халкъалъ пайдаги босулеб буго, счетчикалъ гIадин гьезие кири къойидаса къойиде бачIунебги къотIулареб. Гьединго руго чороклъи, питна, бидгIа интернеталдаги тун хварал гIадамалги, гьелъухъ мунагьалги гьезие тIаде рачIуне-рачIунел рукIинарищха.

Нилъеца абураб рагIиялъги, хъвараб жоялъги, бахъараб сурат-роликалъги чиясул гIумру хвеялдецин ккезе бегьула, цогидал халкъалдаго цере суризарула, чан батIияб балагь-питна букIунеб. ЦIунаги Аллагьас гьединаб питнаялде нилъ ккеялдасаги, нилъедасан чияе гьединаб зулму гьабиялдасаги.

Телефон бацIцIад гьабе

ХIасилул-калам, телефоналда жанибги бугелъул, нилъер соцсетазда лъун бугебщиналъул хIисаб-суал гьабизе ккела ва гьениб дагьабниги щаклъи бугеб жо батани, гьебги нахъе гьабизе ккела. Телефоналда жанибгицин щибго къваригIел гьечIеб жо теларо, щайгурелъул, дудаго лъачIого чияхъе ккезе бегьула гьелда жаниб бугеб. Абула жасусиял программаби рукIунин нилъеда лъачIого суратги бахъулел, телефоналда бугеб къватIибеги кьолел, гьединлъидал цIодорлъи гьабизе ккола.

КIвар гьабизе ккараб иш буго, нилъеца компьютералдасан, телефоналдасан гьабураб, балагьараб, бахъараб, хъвараб нилъехъа бажарула бацIцIине, амма нилъер гIамалал хъварал кагътаздаса бацIцIине ТIадегIанав Аллагьасда гурони кIоларо. Гьединлъидал гIакъиласул пиша буго гьабуралдаса тавбу гьаби, мунагьазде тIадвуссунгутIиги ва гьединго интернетги цогидал технологиялги квешлъиялъе гуреб, исламалъе пайдаялъе хIалтIизари. Аллагьас кумек гьабеги киназего нилъеда дандчIварабщинаб лъикIлъиялъе хIалтIизабизе.

МухIаммад Ражабов

Самые интересные статьи «ИсламДага» читайте на нашем канале в Telegram.