Лъие хIажат йигей гIакъилай лъади?

22 Август 2017
916

Глазго шагьаралъул (Великобритания) университеталъ загьир гьарурал гIелмиял цIех-рехаз бихьизабуна бусурбабазда 14 гIасруялъул цебе лъалеб букIараб хIакъикъат хIакъикъияб букIин.

Исламияб диналда рекъон, чIужугIадан ккола Аллагьасул нигIмат. Гьелъул аслияб ишлъун, гьелда тIадаб борчлъунги ккола хъизан данде бачин. Гьелъул магIна кколаро рукъалъул хIалтIи гьаби бугин гьелъул аслияб пишайилан аби. Аслияблъун буго лъималазе тарбия кьей.

Исламияб диналъ чIужугIаданалъе изну кьола жиндиего лъикIав рос валагьизе. Гьедин бугониги, аслияб куцалда, гьеб иш тIубазабула бихьиназ, ай гьез ялагьула лъикIай, динияй гIадан лъадилъун ячине. Щивав бихьинчиясул анищлъунги букIуна лъималазе лъикIаб тарбия-лъай щвезе бокьи ва бищунго жавабияблъун рикIкIине бегьулеб гьеб хIалтIи тIаде ккола руччабазде. Гьеле гьеб хIужа ритIухъ гьабун буго гьанжесеб гIелмуялъги. Жеги мухIканго абуни, гIелмиял цIех-рехаз бихьизабун буго инсанасул гIакълу, инсул гуреб, эбелалъул геназда бараб букIин. Гьединлъидал, бихьинчиясда тIадаблъун кколеб буго лъикIай, гIакъилай гIадан лъадилъун ячин.

Лъадуейин абуни, рос лъикIав вугониги гIола, батIаго гьев гIакъилав вукIин шартI гуро.

ПалхIасил, кинабго бухьараб буго генетикаялда. Пикру гьабизе тIамулел генаби хурхун чIун рукIунел руго руччабазул Х-хромосомазда. Руччабазулин абуни гьел рукIунел руго кIиго, бихьинчиясул цо. Масала, эбелалъулги инсулги цо-цо Х-хромосомал ирсалъе щварай ясалъул гIумру, инсул геназда бараблъун букIинеги рес буго, амма васасе гьебго Х-хромосома щолеб буго гIицIго эбелалдасан.

ГIалимзабаз ччорбазул цIех-рехал гьаридал баянлъун буго цIикIкIарасеб къадаралда эбелалъул генаби щваразул гIадалнахул цIайи бакIаб ва чорхол хIалтIи, къуват загIипаб букIин, амма гIакълуялъул рахъалъ гьединал гIемерго камилал лъугьунел рукIин. Инсул генаби цIикIкIун щваразул черх букIунеб буго къуватаб, гIадалнахул цIайи – дагьаб мукъсанаб. Пикру гьабиялъул даражаги гьединазул букIунеб буго загIипаб.

Гьелдаги гIей гьабичIого, гIалимзабаз байбихьана гIадалнахулъ ругел клеткабазулъ умумузул генаби кинаб къадаралда рукIунелали лъазабизе. Инсул генаби клеткабазулъ цIикIкIун ругез, аслияб куцалда, ургъел ва пикру гьабулеб батун буго кванилги, жинсиял гьоркьорлъабазулги. Эбелалъул генаби цIикIкIун ратаразе хасиятаблъун батун буго берцинго кIалъай, кIалъалалде цебе ургъи, цо щиб бугониги гьабилалде анкьцIул борцин, цебелъураб масъала гIумруялде бахъинабизе хIаракат бахъи.

ГIелмуялде жанире цIакъго гъваридго раккани, инсанасул гIакълу нусабго проценталъ бараб гьечIо генетикаялда. Гьеб бараб буго гIага-шагарго 50 проценталда. ХутIараб бараб буго сверухълъиялда, гIумру гьабиялъул шартIазда, лъимадуе кьолеб тарбиялда. Амма гьебго заманалда лъимер гIакъилабги пикру гьабизе гьунар бугебги лъугьин, гIемерисеб бараб букIунеб буго эбел-лъимадул хурхеналда, гьезда гьоркьоб бугеб бухьеналда. Гьедин бугониги инсуда барабги гIезегIан букIуна. Лъимадул гIакълу-лъаялъе, абизегIанасеб бухьен инсул гIахьаллъиялда бараб гьечIониги, гьесул бажариялъги цо къадаралъулаб кумек гьабула лъимер пикру гьабулеблъун лъугьиналъе. Щайгурелъул, хъизан-лъимал хьихьи инсуде тIаде кколелъулха. КигIан гIакълу-лъай бугей эбел йигониги, гьелъул къуват гIоларо цого заманалда цадахъго рукъалъул хIалтIи нухда бачинеги, хIажатаб сурсат балагьизеги, лъималазе тарбия кьезеги. Цоги нухалда абуниги, гьаб кинабго ккола бусурбабазда цебего лъалеб букIараб жо. Гьанжейин абуни гьеб жакъасеб светиябин абулеб гIелмуялъги чIезабуна.

Гьаниб рехсечIого гIоларо цо гьадинаб тарихияб лъугьа-бахъинги. Цересел гIасрабазда исламияб диналъул нухдасан унаго руччабазе щолеб букIана лъикIаб лъай. Гьеле гьеб заманалда жанибин абуни халифаталда цIакъго гIемер рахъана бусурбабазда гьоркьоса машгьурал гIалимзаби. Гьелдаса хадуб, ай руччабазул хIалтIи рукъалъул бокIнилъ бугинги абун, гьел цо ккураб коцонир чIезариялъ ва руччабазе лъай босизе ихтиярал мукъсан гьариялъ исламиял улкабазда дагьлъана гIалимзабазул къадар, къадарлъана гьезул цIирагьиял. Исламияб дунял буссана питна-кьалазде ва жакъа къоялъги кIолеб гьечIо гьеб кIичIикьа хвасарлъизе. Бусурбабазул гIелмиял хIалтIабаздасаги гьезул махщалидасаги пайдаги босун Европаялъул гIалимзаби церетIуна, гьелдаго цадахъ Европаялъул улкабазда «рухIги» речIчIана.

Гьаб заманалдайин абуни гьеб иш дагь-дагьккун битIа-бишун бачIунеб бугин абизеги бегьила ва ракIалде ккола чанго анцIго соналдасан дунялго хIайран гьабилин бусурбабазул гIалимзабаз, гьезул гIелмиял цIирагьияз.

ХIабиб МухIаммадов

Самые интересные статьи «ИсламДага» читайте на нашем канале в Telegram.