ГIибадаталъул нах

5 Октябрь 2017
979

Инсанасе жакъа дунялалдаги, метер ахираталдаги талихI букIиналъе бищун чара гьечIого хIажалъулел дару-сабабазул цояб ккола жинца лъикIаб рахъалде пикру хIалтIизаби ва гьелдаса пайда боси.

Пикру гьабиялъул магIна ккола, ТIадегIанав Аллагьасул хIалкIолъиялъулги тIадегIанлъиялъулги, Гьес гIажаибго бижун бугеб зоб-ракьалъулги, махлукъаталъулги пикру гьаби. Гьелъул аслияб мурадги ккола пикруялдалъун гIелмуги цIикIкIинабун, БетIергьанасдеги щун, илагьияб нуралъ ракI гвангъизаби. Гьединлъидал инсанас хIаракат бахъизе ккола хIалкIун гьеб лъикIаб рахъалде буссинабизе.

Пикру гьабиялде кIвар кьун ахIулел хирияб Къуръаналъул аяталги, аварагасул хIадисалги руго. Гьениб рехсон буго гьадинаб магIнаялда бугеб аятги: «Зоб-ракь берцин гьабун бижиялъулъги, сордо-къо хисизабиялъулъги гIакълу бугел, цIодорал чагIазе пикру гьабизе гIурал хIикмалъаби руго», - абун. Хадусеб аяталда мухIканго баян гьарун руго щал чагIи кколел гIакълудал бетIергьаби ва гьелда абун буго: «Гьединал цIодорал, гIакълуял гIадамал ккола жидеца регун, рахъун, гIодорчIун рукIаго Аллагьги рехсолел ва зоб-ракь бижиялъулги, гьезул хIикматазулги пикруги гьабун абулел:

- Я, БетIергьан Аллагь, Дуца гьаб кинабго гIадада бижичIо (хIакъалдалъун гурони), нижеца Мун, Дуе данде кколарел, киналго сипатаздаса вацIцIадги гьавула ва Мун разияб гIамалги кьун, битIараб нухдеги тIоритIун, дуца ниж цIадул гIазабалдаса цIуне», - ян.

Жинда свалат-салам лъеяв Аварагас абулеб буго: «ТIадегIанав Аллагьас бижараб махлукъаталъул пикруялда цо сагIаталъ вукIин, цо соналъ гьабураб гIибадаталдасаги хирияб буго», - ян.

 Цо чияс нилъее гьитIинаб лъикIлъи гьабуни, гьебги кIодолъун бихьун, гьесдаса нечон рукIуна нилъ киндай гьев рази гьавилаян ургъулел. Амма рикIкIун хIалкIоларел нигIматал ТIадегIанав  Аллагьас кьун ругониги, нилъ нечолел гьечIо, тIадежоялъе гIасилъулелги руго. Нилъер тIубараб гIакълуги, камилаб лъайги букIарабани кигIан гьитIинабги нигIмат нилъеда кIодолъун бихьизе кколаан. Нилъеца Аллагьас кьурал нигIматазухъ щукру гьабунагIан нилъее Гьев вокьи цIикIкIуна.

ХIадисалда буго: «Нужее Аллагь вокьа, Гьес нуж нигIматаздалъун хьихьулел рукIиналъе гIоло», - абун. Гьединлъидал  бусурманчиясул букIине ккола къойилго Аллагьас рижарал гIажаиблъабазул пикру гьабулеб гIадат.

Аллагь разилъаяв Абузар-асхIаб рукъалъул цо букIунги ккун тIубараб къоялъ пикру гьабулев вукIунаанилан хъвалеб буго. Фузайилица абуна, пикру гьаби дур матIу кколин, дур лъикIлъабиги квешлъабиги дуда рихьизарулеб. Ибрагьим Адгьамицаги абуна, пикру гьаби гIибадаталъул нах бугилан. Суфян бину ГIуяйнатицаги абулаан, кидаго пикруялда вукIунев чиясда щибаб жоялда жаниб вагIзаги  хIикматги бихьулин. Аллагь разилъаяв ГIумар бин ГIабдулгIазизицаги абуна, Аллагьас кьурал нигIматазул пикру гьаби бищунго хирияб гIибадат кколин. Бишрицаги абуна, гIадамаз Аллагьасул кIодолъиялъул пикру гьабулеб букIарабани гьесдехун гIасилъилароанин. Аллагь разилъаяв Давуду ТIаияв вукIана цо моцIрол сордоялъ тIохдеги вахун зоб-ракьалъул пикру гьабулев, зобалаздеги валагьун гIодулев. ЦинтIаго гьев вортана мадугьаласул тIохде. Мадугьал, цIогьор кIанцIаниланги ккун, кодоб хвалченгун тIохде вахана. Давуд вихьидал гьес хвалченги лъалиниб лъун гьикъана мун лъица гъоркье рехаравилан.

Аллагь разилъаяв имам ШафигIиясги абуна, нужеца гIелму къватIибе бахъинабе пикру хIалтIизабиялдалъунилан. Аллагь  разилъаял асхIабзабаз абулаан, иманалъул нур пикру гьаби кколин. Ибн ГIатIаилацаги абуна, пикру гьаби рекIел чирахъ кколин, пикру гьечIони рекIее канлъи букIунарин.

МухтарахIмад МухIаммадов

Самые интересные статьи «ИсламДага» читайте на нашем канале в Telegram.