Муъминчиясул яргъил гуч

13 Октябрь 2017
1586

Цо къоялъ машгьурав тохтур Ишан къватIиве вахъана аэропорталде ине. Гьев цIакъ гIедегIун вукIана гIелмияб конференциялде щвезе кколев вукIун. Амма самолеталда рекIун унаго, тохлъукьего, гьесда рагIана лъазаби: «Самолеталъул гIунгутIи буго. Гьединлъидал самолет рещтIине буго бищунго гIагарда бугеб аэропорталда», - ян абулеб.

Самолет рещтIиндал гьесда лъана хадусеб самолет 16 сагIаталдасан гурони бачIунареблъи. Ишан цIакъ гIедегIун ана аэропорталъул хIалтIухъабазде аскIове ва абуна: «Дун вуго машгьурав тохтор. Дир заманги цIакъ багьаяб буго, гьелъул щибаб минут чанго чиясул рухIалда бащалъула. Дун кватIулев вуго гIелмияб конференциялде ва дир рес гьечIо 16 сагIаталъ гьанив чIезе», - ян. Аэропорталъул хIалтIухъанас гьесие жаваб гьабуна: «Мун кватIулев ватани, дур рес буго ижараялъе машинаги босун, гьелдаги рекIун ине. Мун щвезе ккараб бакI буго гьаниса машинаялда рекIун ани лъабго сагIаталда жаниб щолеб манзилалда», - ян. БатIияб ресги бихьичIого, гьес абуралда рекъон Ишаница ижараялъе босана машина ва нухда вахъана.

Гьедин нухда унаго байбихьана цIад базе. Гьелъул кутаклъиялъ берцинго нух бихьулеб букIинчIо. Гьединаб хIалалда кIиго сагIат индал, тохторасда бичIчIана нух къосун ккун вукIин. Жеги гьесде тIаде бачIана кутакаб ракъи ва къечей. Гьедин унаго гьесда бихьана гьитIинабго рукъ. АскIовеги ун нуцIида кIутIидал, гьесда рагIана «ВачIа жаниве», - ян абулеб херай гIаданалъул гьаракь. Жанивеги лъугьун Ишаница гьикъана телефон бугищилан. Гьеб рагIидал херай елъана ва абуна: «Кинаб телефон, дир вас, дуда бихьуларищ мун кив вугевали? Гьаниб токцин гьечIо. Кинниги, мун жаниве вачIа, дица дуе чай тIела ва квен кьела. Цинги дагьаб хIухьбахъиги гьабун дурго нухда вахъине бегьила», - ян.

Ишаница гьелъие баркала кьуна ва кваназе гIодов чIана. Гьев кваналаго херай йикIана как балей ва дугIа гьабун Аллагьасда гьардолей. Гьедин гIодов чIун вукIаго тохторасул бер речIана хералда аскIов кроваталда тIад вагъаричIого кьижун вукIарав гьитIинав васасде. Гьелъ дугIа гьабулаго гьев кIивикIулев вукIана.

Ишан хералда аскIове ана ва абуна: «Я, эбел, дур сахаватлъиялъ ва берцинаб тIабигIаталъ дун цIакъ нечезавуна. Хьул буго Аллагьас дур гьариялъе жаваб гьабилин», - абун. Хералъ абуна: «Я, дир вас, БетIергьанас дир киналго дугIабазе жаваб гьабуна, цо дугIа хутIун», - абун. Ишаница гьикъана гьеб щиб дугIайин. Хералъ абуна: «Гьаб гьитIинаб лъимер дир васасул вас вуго. Гьев вуго эбел-эменги хун ятимго хутIарав вас. Гьелде тIадеги гьесде бачIана захIматаб, гьанир ругел тохторзабазда дару гьабизе лъалареб унти. Дида рагIана цо пуланав тохтур вугин Ишан абун, гьеб унтиялъе дару гьабизе лъалев. Кинниги гьев гьаниса рикIкIад рагIула. Нижер рес ва боцIи-мал гьечIо гьав вас гьесухъе вачине. Дун хIинкъун йиго дир гьав вас хвелин, гьелъ дица Аллагьасда I гьарулеб буго кумек гьабеян», - абун.

Тохтур Ишан гIодана ва абуна: «Валлагьи, я, дир эбел, хIакълъунго дур дугIаялъ хвезабуна самолет, базабуна цIад ва гьеб кинабго сабаблъун дун дур гьаниве ккена. Дун вуго гьев тохтур», - илан.

Нужеца хIисаб гьабе, Аллагьас Жиндир хIакъикъиял лагъзадерие сабабал рекъезарулеб куцалъул. Гьелъулъ щибго гIажаиблъизе ккараб жоги гьечIо. БетIергьанас хирияб Къуръаналда абулеб бугелъул (магIна): «Нужеца Дида гьаре, Дица нужее жаваб гьабила», - ян.

МухIаммад МухIидинов,

ЧIарада район, Рулдаб росу

Самые интересные статьи «ИсламДага» читайте на нашем канале в Telegram.