Лъималазул къисмат

6 Ноябрь 2017
978

Эбел-эмен ратIалъидал, вас мумайизлъун ватичIони, ай жинда лъикIаб-квешаб батIа бахъизе лъаларев, цIикIкIун ихтияр шаригIаталъ кьола чIужугIаданалъе. Щайгурелъул, руччаби тIабигIаталъул рахъалъ тамахал рукIуна бихьиназде дандеккун ва гьединго тарбия кьолеб куцги гьезда цIикIкIун лъала, сабру бугелги гьел рукIуна. КьучIаб хIадисалда буго, цо чIужугIаданалъ Аварагасда абунин: «Я, Бичасул Расул, дир чехь букIана вас цIунулеб бакI, гьев жанив вукIаго.  Гьесие дир керен букIана тIагIам ва гьекъолеб жо. Гьесул инсуца дида цIар тIамуна ва хIинкъи кьуна лъимер нахъе бачине бугилан», - абун. Цинги Аварагас абула: «Мун цIакъго мустахIикъай йиго лъимералъе, росасе инегIан», - ян.

Эбелалъул тарбия кьеялда ихтияр букIине ккани, руго рихьизарурал шартIал.

1. Гьей йикIине ккола бусурбанчIужу.

2. ГIакълу бугей. Амма гIакълу гьечIей гIантай ятани гьелъухъе ихтияр кьоларо. ГIантлъиялъул гIаламал къанагIат гурони рачIунел гьечIони, масала, лъагIалида жаниб цо нухалъ, гьеб мехалъги кьола ихтияр. Унтаби ругони хIинкъи бугел, лъимер хахизабизе бегьуларел, гьеб мехалъги кьоларо гьелъухъе ихтияр.

3. Гьей йикIине ккола жинда божи бугей, кIудиял мунагьал гьаруларей.

4. Гьей йикIине ккола росасе инчIей. Амма гьей росасе ани ихтияр бачIуна эбелалъул рахъалъ кIудияй эбелалъухъе, хIатта эбел росасе арав рос рази вугониги вас эбелалъухъ тезе. Амма эбел ани васасул гIагарав чиясе, масала, росасул вацасе, гьеб мехалъ тезе бегьула.

Эбел сахлъани, ислам босани яги ятIалъани гьелъухъ букIараб ихтияр нахъбуссун бачIуна. Нагагьлъун эбел хвани яги гьагай лъугьани ихтияр бачIуна эбелалъул эбелалъухъе, хадуб инсул рахъалъ кIудияй эбелалъухъе. Хадуб ихтияр бачIуна яцалъухъе. Цинги ихтияр кьола лъимадул яцалъухъе, эбелалъул яцалъухъе яги инсул яцалъухъе кьезагIан. Хадуй ячIуна ункъгIал, эбелалъул рахъалъ, хадуб эбелалъул яцалъул ясалъухъе, цинги инсул ункъгIалалъухъе. Эбел гIемераб мехалъ тIагIани яги гьелъ ихтияр тIаде боси нахъчIвани ихтияр бачIуна кIудияй эбелалъухъе. ЧIужугIаданалда хадуб ихтияр кьола бихьиназухъе, жалги махIрамаллъун ругел ва ирсилалъун рукIине бегьулел.

Масала, эмен, кIудияв эмен, вац, имгIал ва хадубги ирс бикьулеб гIадин. Амма бихьинчи ватани ирсилавлъун вахъине бегьулев, амма махIрамияв гурев, гьесухъе яс кьоларо, ай шагьваталъул гIорхъиялде яхарай йигони. Гьей кьола божарай гIаданалъухъе дов бихьинчиясул бербалагьиялда гъоркь. Гьаб хIукму буго мумайизалде бахинчIеб лъимадул, ай лъикIаб-квешаб батIа бахъизе лъалареб. Лъимер мумайизалде бахараб бугони, лъимер тола гьелъ тIаса рищаразул цоязухъ.

Лъимералъ вищарав чи ватани гьагав, фискъуялда, капурчи яги росасе ун ятани, гьеб мехалъ ихтияр уна цогидаб рахъалде. Эмен гьечIеб лъимер бугони, гьесул ихтияр буго эбелалдаги ва инсул кIудияв инсудаги гьоркьоб. Лъимералъ тIоцебе эмен вищун, хадуб эбел йищани, ихтияр кьола эбелалъе. Амма лъимералъ кIиялго рищани, гьезда гьоркьоб можоро рехула.

Лъимералъ цонигияв вищичIони, ихтияр кьола эбелалъухъе. Гьал хIукмаби руго эбел-эмен цо шагьаралда гIумру гьабун ругони. Гьезул цоязе хIежалде яги даран-базаралъул сапаралде ине бокьани лъимер цадахъ бачунаро, щайин абуни, нухда гIемерал захIмалъаби рукIиналъе гIоло. Лъимер тола гьезул рокъов вукIунев чиясухъ тIадруссун гьезул цояв вачIинегIан. Лъимер батани балугълъиялде бахараб, ихтияр гьесухъ жиндихъго букIуна ва гьесда хIал гьабуларо гьезда аскIов вукIине. Амма яс балугълъиялде яхарай ятани, росасе ани гьей росасда аскIой йикIуна. Росасда гьечIони йикIуна эбел-инсуда аскIой. Эбел-эмен ратIалъун ругони, гьелъ тIаса рищула гьезул цоял. Жинцаго гIумру гьабизе бокьани, гьелъие ихтияр  кьоларо, гьелда тIадаблъун гьабула цоял тIаса рищи. Гьелъул эбел-эмен гьечIони, ихтияр уна вацасухъе, хадуб инсул имгIаласухъе.

Шамил МухIаммадов,

Буйнакск район, ХIабщиб росу

Самые интересные статьи «ИсламДага» читайте на нашем канале в Telegram.