Пахьул къед барав

24 Январь 2018
736

Имам ТIабаранияс жиндирго тафсиралда рехсараб гьитIинабго къисаялда буго Зулкъарнайнияс пахь биун къед гьабиялъул. Гьев вукIана Румазул агьлуялдаса чи. Гьев вукIана херай гIаданалъул цо вугев вас, гьесда цIарги Искандар букIана.  Гьев балугълъиялде вахун хадуб иманалдеги вачIун Аллагьасеe тIагIат гьабулев лъикIав лагълъун вукIана.

Заманалдасан гьесухъе илагьияб рахъалдасан вахIю бачIуна: «Я, Зулкъарнайни, Дица мун витIизе вуго батIи-батIиял умматазухъе, батIи-батIиял мацIаздалъун жал кIалъалел ракьалда ругел киналго агьлабазухъе. Гьездасан кIиго уммат буго жал кIияздаго гьоркьоб тIолабго дунялалъул халалъиялда бащадаб манзил бугеб, цоги кIиго уммат буго тIолабго ракьалъул гIеблъиялда бащадаб манзил жидеда гьоркьоб бугеб ва гьеб ракьалъул бакьулъ руго гIадамалги, жундулги, яъжуж-маъжужги. Халалъухъе дунялалъул кIиябго рагIалда бугеб кIиябго умматалъул, бакъбаккул рахъалда рагIалда бугелда цIар буго «Мансик», бакътIерхьул рахъалда бугелда "Насик". Дунялалъул гIеблъухъе бугеб кIиябго умматалъул кваранаб рахъалда бугелда цIар "Гьавил" ва квегIаб рахъалда бугелда "Тавил"», - ян абун.

Гьеб рагIарабго Зулкъарнайнияс абула: «Я дир БетIергьан Аллагь, Дуца дун витIулев вуго Дудаго гурони тIубазе кIолареб кIудияб амруги тIадкъан. Дуца дида гьезул хIакъалъулъ кинаб къуваталдалъун дун гьездаса бергьуневали ва щиб мацIалдалъун гьезда кIалъалевали бице», - ян.

Аллагьас  гьесие гьаранщинабги кьун бецIлъи-нуралда кверщел гьабизе ихтиярцин кьола. Гьеб къуватгун цадахъ хьвадун гьес бакъщинкIул рахъалдасан байбихьун, дунялалда сверун умматал Аллагь цо гьавиялде ахIула. Гьедин хьвадун заманалдасан гьев турказул ракь лъугIулеб бакIалде щола, гьениб букIуна Аллагьасеги мутIигIаб, лъикIаб гIамалалда хьвадулеб уммат.

Гьез Зулкъарнайниясде гIарз бахъула, гьадаб кIиябго магIарда нахъа буго цо халкъ, жалги гIажаибго гIемерлъун рачIунел, ракьалда тIад ва жаниб батанщинаб жоги жидеца кваналеб. Гьедин тани гьез дунял тIубанго цIолин ва ракьалда бугебщинаб жоги кванан лъугIулин абун. Гьезул гIарзалъухъги гIенеккун Зулкъарнайни уна гьел ругеб бакIалде, гьениб гьесда яъжуж-маъжуж батула.

Гьел рукIуна бащдав инсангIанасел гурони халалъиги гьечIел, ункъбокIоналгIадин къокъ-гIебал, гIалхул хIайваназул гIадал гажал ругел, черх расул цIурал, кверазул бакIазда квачIал ругел, хинлъи-цIороялдаса жал хIинкъуларел. Гьездасан цIуяб яги бихьинаб холебги гьечIо жидер наслуялдасан азарго лъимер нахъе тун гурони, азариде рахиндал гьезда лъалеб буго хвезе заман щун букIин.

Гьеб куцалда пасалъи гьабулел гьел рихьидал, гьезда цебе бугеб магIарде ун гьелъул халалъи борцуна ва гьеб нусго парсах батула. Хадуб кIикъоялда анцIго парсахалъул гIеблъиялда кьучIги бухъун, гьениб къед гьабизе байбихьула Зулкъарнайница. Цо парсахалъул халалъи 5760 метр ккола. ГанчIил бакIалда кьураби лъун, хIарщул бакIалда биун махх тIун, кIиябго мегIералъул тIогьалда бащалъараб мехалъ биун багIараб пахь тIола гьенибе.

Гьедин щула гьабун гьебги бан, Зулкъарнайница гьезда цебе щулияб пардав гьабуна ва Аллагьасул  амру бачIинегIан гьезда гьеб хвезабизеги кIоларо. Нилъер заманалъул кинабго цебе тIунги букIаго, цо-цоязда ракIалде ккезе бегьила гьел щай лъаларелин, кир ругелин абун?

Зулкъарнайнияс бараб къед буго Аллагьас  яъжуж-маъжужалдасан гIадамал цIунизе сабаблъун гьабураб. Гьелги Аллагьасул хIикматалдалъун нилъеда рихьизе ва кир ругелали лъазе толел гьечIо. Гьесул  хIалкIолъиялдалъун нилъ гьездаса цIунун руго цIараб заман щвезегIан ва гьеб заманги хIадисазда баян гьабун буго. КъватIире рахъунеб гIужалъги гьел, Къуръаналда хъван бугеб хIалалда, кинабго гохI-щобалдаса раккун рачIине руго.

МухIаммадгIариф Къурбанов,

Шамил район, ХIорода росу

Самые интересные статьи «ИсламДага» читайте на нашем канале в Telegram.