Меседалъул гIелмияб хIикмат

7 Февраль 2018
763

Курхьен, баргъич тIад ххеялъ инсанасе кинаб асар гьабулебали халгьабун, гIалимзабазда гьоркьоб бахIс унеб буго. Дагьаб заманалъ цебе абулеб букIана меседил баргъич даимго ххун тезе заралияб бугин, хасго бихьиназе. Заман банагIан гьеб магIданалъе химиялъулаб асар гьабулеб гIаламат лъугьунеб буго. Гьелъ бихьинчиясул лугбузул низамги хвезабулеб буго.

Руччабазейин абуни гьелъ зарал гьабулеб гьечIо. Гьелъие гIиллалъун гIалимзабаз рехсолеб буго гьезул жанисеб рахъ ва гIаврат, къватIисан асар гьабиялдаса цIикIкIун цIунараб букIин кколин.  

 Амма буго баргъичалъ асар гьабулеб жанисеб гIуцIи. Лъалеб жо буго килщазул аххаде гIемераб къадар нервабазул бакIарун бугеблъи.  Гьелъ нервабазул хIалуциналъул карачелазде асар гьабулеб буго, гьединлъидал къараб баргъич базе хIинкъиги буго.

Жинда тIад хIутIалъул яги кIудияб бетIералъул гIаламат бугеб баргъичалъ рахIатбахъи гьабулеб гIадаб къараб баргъич баялъ остерохондроз ва радикулит ккезе рес буго. Бакьулъ килщида бугони, гьелъ атеросклерозм ва бидул тIадецуй цIикIкIинабулеб батун буго. ГьитIинаб килщида ххеялъ бакьазе зарал ккола. Гьединлъидал, баргъич базе байбихьаралдаса хадуб килищ биццалъани, баргъич хисун яги гIатIид гьабизе ккола ва къаси кьижилалде цебе гьеб тIаса бахъизе кIочене бегьуларо.  ГIалимзабаз абулеб буго баргъич гьабизелъун хIалтIизабулеб меседалъ руччабазул черхалъе хасаб асар гьабулин ва чорхолъ лъугьунеб багъа-бачариялъе хIаракат цIикIкIун кьолин.

Гьединго лъикIаблъун бихьизабулеб буго меседил гьабураб курхьен, баргъич рекIел унти бугел ва ригьалде рахарал руччабазе базе. Ххезе лъикIаб бугин абулеб буго бидул тIадецуй цIикIкIун букIунезе, щайгурелъул, гьелъ бидурихьазул хIалуцин гIодобе ккезабулила. Амма гIарцул гьабураб баргъич, курхьен гьединазе лъикIаб гьечIила.

Кверзул рищиялда руго ургьисалазда, тIулада ва рекIеда рухьарал ункънусгоялдаса цIикIкIун тIанкIал. Гьединлъидал, тохтурзабаз абулеб буго цо-цо нухалда дандчIвалила килщида ххураб баргъич бахъани ботIрол унти ва къаси макьу щунгутIиялъул унти унел лъугьа-бахъиналги.

ГIурусалдаса буссинабуна

МухIаммадгIариф Къурбановас

Самые интересные статьи «ИсламДага» читайте на нашем канале в Telegram.