Къуръаналъул гIелмудал ралъад

1 Март 2018
1208

ГIелму тIалаб гьабиялде ГIабдуллагь ибн ГIаббасица кутакаб кIвар кьолаан. Авараг чIаго вугеб мехалда гьесдасан тIалаб гьабулаан гIелму. Авараг накълулъидал гIелму тIалаб гьабизелъун чIахIи-чIахIиял асхIабзабазухъе унаан. Гьес бицунаан: «Аварагасул асхIабас цIияб хIадис бицунеб бугин рагIидал, къалъул какдаса хадуб кьижарав дида макьилъ бихьулаан гьев асхIабасул рукъалъул нуцIида аскIовеги ун, рагьумахIиялда цебе дирго ретIелги тIамун, цинги гьороца дир гьурмаде сали-хIур пун бачIунеб. Рокъоса къватIиве асхIаб вачIиндал гьенив гIодов чIарав дида гьес абулаан: «Я, аварагасул имгIаласул вас, щиб къварагIелалъ мун гьаниве вачIарав? Дида хадув чи витIаравани дунго вачIинаан духъе», - ян. Цинги дица жаваб кьолаан: «Дун духъе вачIин цIикIкIун ритIухъабги рекъарабги буго. ГIелму-лъай жалго рачIунаро, гьеб тIалаб гьабизе нилъго рачIине ккола. Цинги цIияб хIадисалъул хIакъалъулъ цIех-рех гьабизе жувалаан дун…».

Цо къоялъ кIудияв гIалим Зайд ибн Саббит сапаралъ вахъинелъун чоде вахунаго, адаб-хIурмат гьабун гьашимиязул гIолохъанчи ГIабдуллагь ибн ГIаббас гьесул чодул чIолохъжоги ккун цеве вахъун чIана. Зайдица абуна: «Дуца гьабизе кколаро гьеб, я аварагасул имгIаласул вас». Ибну ГIаббасица абуна: «ГIалимзабазул гьадин адаб гьабейилан амру гьабуна нижеда», - ян. «Бихьея, цо дур квер», - илан гьарана Зайдица. Ибну ГIаббасица квер бегьидал, гьелда убачги гьабун Зайдица абуна: «Аварагасул наслуялъул гIадамаздехун гьадин адаб гьабейилан нижедаги абун букIана», - ян.

ТабигIуназул гIалимчи Масрукъ ибн ал-АждагIица ибну ГIаббасил бицунаго абуна: «Ибну ГIаббас вихьидал дица кидаго абулаан: «ГIадамазул бищун берцинав»,- илан. Гьес вагIза гьабула рагIидал абулаан: «ГIадамазул бищун пасахIатав», - илан. Гьесулгун гара-чIвари гьабидалги дица абуна: «ГIадамазул бищун лъай бугев», - илан.

Гъваридаб гIелму Аллагьас жиндие кьедал ибну ГIаббасица гIадамазе дарсал кьезе байбихьана. Гьесул рокъоб университет букIанин абизе бегьула. Гьесул цо гьалмагъас бицана: «Ибну ГIаббас гIемерал гIалимзабазул мажлисазда вукIунаан, хIатта киналго къурайщиял жиндаса чIухIиялъе мисаллъун вукIана гьев. Гьесухъе унел гIемерал гIадамал рихьана дида. Гьезул гIемерлъиялъ гьесул рукъалда цебе кидаго хIалкъай букIунаан. Гьебги бихьун ибну ГIаббасида ракIалде ккана дарсал анкьиде рикьизе. Цо къо Къуръаналъе биччалаан, цогидаб къо фикъгьиялъе, лъабабилеб – шигIруялъе, ункъабилеб - аварагасул гъазаватазе, щуабилеб - гIарабазул тарихалъе. ГьитIинав чи вугониги жиндихъ бугеб гъваридаб гIелмуялдалъун ибну ГIаббас муъминзабазул халифазул гIакълучилъун лъугьана. Халиф ГIумар-асхIабихъе захIматаб суал бачIиндал, гьес гIалимзабазул данделъи гьабулаан. Гьеб данделъиялда хасаб бакI ГIабдуллагь ибн ГIаббасиеги букIунаан. Цо борхалъуда гIодов чIезавун халифас абулаан: «Гьаб суал цIакъ захIматаблъун батана нижеда. Дуда гурони хIалкIоларо мухIканаб жаваб кьезе»,- ян.

Хасал чагIазе дарсал кьеялдаго цадахъ ибну ГIаббасида хутIарал гIадамалги кIоченчIо. Бокьарал чагIазе гьес вагIзаби ва ахлакъазул бицунел мажлисал тIоритIулаан. 

ГIабдуллагь ибн ГIаббасица киданиги хвезабулароан кьураб рагIи ва гьединго цогидазе гьукъараб жинцагоги гьабулароан. Къоялъ кIалал ккун, къаси какал ран гIибадаталда вукIунаан кидаго. ГIабдуллагь ибн абу Мулайкатица ибну ГIаббасил хIакъалъулъ бицунаго абуна: «Цо нухалъ ГIабдуллагьида цадахъ Маккаялдаса Мадинаялде унаго кватIараб заманги букIун сордо базелъун цо рокъор чIана. Сваканги рукIун киналго кьижизе рахана. Амма дида ГIабдуллагь ибн ГIаббас вихьана цIалдолев: «Гьев инсанасда тIаде хвалил мехтелалги рачIуна, жиб хIакъаб жолъун бугеб хIалалъ. Гьеб хвалил кьогIлъи ва захIмалъи букIана жиндаса инсан лъутулев, вахчулевлъун букIараб жо» («Къаф», аят 19). Рогьел баккизегIан гьеб аятги такрар гьабулаго ГIабдуллагь гьаркьал гьарун гIодулев вукIана».

Ибну ГIаббасица 71 сон бана. Гьев хведал гьесде жаназалъул как МухIаммад ибн ал-ХIанифица бана. Гьев ккола ГIали ибн абу ТIалибил хIанифал тухумалдаса йикIарай чIужуялъул вас. Гьединлъидал аварагасул яс ФатIиматил лъимал ХIасангун ХIусайнидаса ватIа вахъизе лъазе вукIине гьес жиндирго цIар хIанифатазул тухумалде гIунтIизабуна. Ибну ГIаббас хун хадуб аварагасул   дагьал асхIабзаби гурони нахъе хутIичIо. Ахирисеб нухда ибну ГIаббас регIулаго гьезда цо гьаракь рагIана: «Я, Аллагьасда иман лъеялъулъ хIалхьун букIараб нафс! Мун дур БетIергьан Аллагьасде бусса Аллагьасда разияблъун, Гьес дуе кьурал алжаназул нигIматазда. Аллагь дудасаги разияблъун, дуца Гьев цо гьавун, Гьесдаса хIинкъун гIибадат гьабиялдалъун. Мун лъугьа Дун разиял Дир лагъзадерида гьоркьобе. Мун лъугьа Дир нигIматазул рукълъун бугеб алжаналде», - абун. («ал-Фажр», аят27-30).

Жабир Мажидов,

ЦIияб ЧIикIаб росу

Самые интересные статьи «ИсламДага» читайте на нашем канале в Telegram.