Парашют ургъарав

11 Июль 2017
786

Астрономияб центр, почалъул марка, аэропорт ва моцIрода бугеб вулканалъул кIал (кратер). Кинаб бухьенха бугеб гьал рехсарал жалазда гьоркьоб? Бухьен буго гьел цо чияс ургъарал ва рагьарал жал рукIиналъулъ. Гьев чиясда цIарги ккола ГIаббас ибн Фирнас. Гьев ккола гьоркьохъел гIасрабазда вукIарав бусурбанав гIалимчи, тохтур, инженер, шагIир, астроном, химик, физик ва бищунго аслияб жо, жинцаго ургъун гьарурал куркьбалги гъун воржине хIалбихьарав, «Андалусиялъул гIакъил» абураб тIокIцIаралъе мустахIикълъарав чи.

ГIаббас ибн Фирнас гьавуна 810 соналъ Испаниялъул Ронда шагьаралда. Гьесул тIолабго гIумру ана  бусурбанаб Испаниялъул Андалусиялда. «ГIакълабазул рукъ» абураб цIаралда гъоркь машгьураб, ГIаббасиназул халифаталъул тахшагьарлъун кколеб Багъдадалда букIарабго гIадаб университет букIана доб заманалда Андалусиялдаги. Гьеле гьеб университеталда хIалтIулев вукIана дунялалдаго цIар рагIарав ибн Фирнасги. 

ГIаббас ибн Фирнасица ургъана

Лъел сагIтал

ГIадамаз батIи-батIияб къагIидаялъ ва битIи-батIиял жалаздалъун борцунаан заман. Цояз гьелъие хIалтIизабулаан сали, цогидаз пайда босулаан бакъудаса, лъабабилез цIадудаса, ункъабилез лъедаса. ГIаббас ибн Фирнасица ургъараб сагIтида цIар букIана «Аль-Магата» ва заман бихьизабиялъе пайда босулаан лъедаса. Гьеле гьеб лъел кумекалдалъун заман бихьизабулеб хасаб сагIат ургъана гIалимчияс.

ЦIер

Нилъер заманалда цIородаса пайда босула гIемерал ишазулъ ва гьеб къанагIатаб алатлъунги кколаро. ТIоцебе цIер гьабураб бакIлъун бихьизабула Египет. Щуазарго соналъ цебе лъана гIалимзабазда цIер гьабизеги. Амма гьеб ишалъулъ хасаб бутIа лъуна ибн Фирнасицаги. Доб заманалда Андалусиялъ цIер босулаан Египеталдаса ва египеталъулазги гьеб гьабулеб къагIида цIакъ балъго гьабун букIана. Ибн Фирнасицайин абуни жинцаго ургъана салул кумекалдалъун цIер гьабулеб къагIида ва гьелдаса хадуб андалусиязул гIумруялъе гIемерго бигьалъиги ккана.

Лупа

Лъел цIураб цIорол тIагIелалъусан балагьани, цебе бугеб жо дагьаб кIодо бихьулеблъи некIсиял рималъулаздаго лъалеб букIана. Гьединго гьезда лъалаан гьединаб цIарагIалъул кумекалдалъун бакъуца бухIизабизе, цIа рекIинабизе кIолеблъиги, гьебго заманалда жаниб бугеб лъим гьализеги биччалареблъи.   Щиб бугониги жо кIодо гьабун бихьизабулеб цIорол гIелму лъазабуна ГIаббас ибн Фирнасицаги. ЦIородаса пайдаги босун гьес ургъана линзаби, кристаллал.

Планетарий

Зодор ругел цIвабзазул хьвади, астрономия лъазабиялъе гIемерав чияс кьуна жидерго гIумру. Гьединазда гьоркьоб цIар рехсезе мустахIикъав вуго ГIаббас ибн Фирнасги. Гьес жиндирго рокъоб гIуцIана планетарий. Гьениб бихьизабун букIана Бакъулаб система хьвадулеб къагIида, зодосан накIкIал унел, пири пирхулеб ва зоб гъугъадулеб куц.

Парашют ва дельтаплан

ГIадамазе кидаго бокьун букIана ва жакъаги бокьула хIанчIи гIадин роржине. Амма ибн Фирнасиде щвезегIан гьеб букIана анищлъун. Кинабго жо лъазе бокьулев андалусалъуласин абуни, 852 соналда гьабуна цIулал «хIинчI», гьелда рекIинаруна ххамил кескал ва мажгиталъул михIмараялдаса кIанцIун гьаваялдасан хIинчI гIадин воржана. Гьеб аппарат релълъун букIана дугъалда, гьединлъидал ракьалде вортидал абизегIанасеб жагъаллъи ккечIо гьесул черхалъе. Гьес ургъараб алат букIанин абизе бегьула тIоцебесеб парашютлъун.

Гьелдаги гIей гьабун чIечIо гIалимчи. 65 сонил ригьалде вахиндал, гьес ургъана искусствениял куркьби ва мурадалдеги щвана. АнцIгогIан минуталъ воржана гьев гьаваялдасан ва ракьалда рещтIунелъул гьаб нухалъ жагъаллъиги ккана. Ригьалде вахарав Фирнасил мугъ жагъаллъана. Хадуб гIалимчияс лъазабуна рещтIен тамах гьабизе бегьулаанин парашюталда хасаб «рачI» гъун букIарабани.

Гьесул хъвай-хъвагIаязда рекъон ургъараб аппараталъул кумекалдалъун, XX гIасруялда бажарана боржунеб алат гьабун.

ГIалимчиясул гIагараб Ронда шагьаралда бугеб астрономиялъул централъе кьун буго ибн Фирнасил цIар. Гьединго, гьесул хIурматалда цIар лъун буго Багъдадалъул северияб рахъалда бугеб аэропорталда. Ливиялдайин абуни къватIире риччан рукIана Фирнасил сурат тIад бахъарал маркаби. Кордовиялда,

Гвадалквивир гIоралда тIасан лъураб кьо бакьулъ бан буго машгьурав гIалимчиясе памятникги. 1976 соналдайин абуни гьесул цIар лъуна МоцIрода бугеб цо кратералда.

ГIурусалдаса буссинабуна

ХIабиб МухIаммадовас

Самые интересные статьи «ИсламДага» читайте на нашем канале в Telegram.