РакIалде щвей рихараб

20 Сентябрь 2017
1005

Дунял ккола жинда жаниве лъугьарав чи гуккулеб бакI. Дагь-дагьккун гьелъ гьев вачуна жиб бокьиялде, жиндирго шагьваталде, цинги гьесда кIочон тезе лъугьуна хвезе вукIин. ХIатта хвел ракIалде щвезецин бокьуларо, хвалил бицунеб рагIидал гIундузда кверал чIвала. Гьел руго Аллагьас жидер хIакъалъулъ Хирияб Къуръаналда абурал гIадамал (магIна): «Дуца абе, МухIаммад гьезда, нуж жиндаса лъутулеб хвел нужеда дандчIвазе бугин».

Иман загIиплъанагIан инсанасе хвел рихуна. Цо чи гIодулев вукIун вуго дун холев вугин, дие хвезе бокьун гьечIин, гьаб дир магIишаталда щиб гьабилебинги абун. Гьевги вукIуна дунялалъул мацI гурого льаларев чи. Гьединго, гIодулаго хвезе вуго дунялалъул рокъоб чияр боцIиги ккурав, чияда зулмуги гьабурав, Аллагьасул диналъул кIварги гьабичIев инсан. Амма лъиданиги зулмуги гьабичIев, чияр хIукъукъалги тIад гьечIев, Аллагьасул дин ккурав чийин абуни Аллагьасул къадаралда разилъула ва Гьесда дандчIвазе бокьула.

Гьедин холел гIадамал рукIуна лъабго батIияб тайпаялда. ТIоцересел ккола жинца хвалил пикру гьабуларел, хвел ракIалдего щоларел, хвалил бицунарел, нагагь бицунеб бугоницин хвалил бицуна дунялалъул бутIаялъе гIоло, ай гIадамазда лъикIав чиян ккезе. Гьедин гьесда ракIалда щвараб гьеб хвелалъ гьев Аллагьасдаса дагьавги рикIкIалъула.

КIиабилел ккола тавбуялда ругел чагIи. Гьез хвел ракIалде щвезабула, гьеб ракIалде щвеялдалъун хIинкъизе рукIине. Цинги гьел лъугьуна унго-унгояб куцалъ тавбу гьабизе. Гьелги хIинкъун рукIуна хвезе гурин абун, амма гьезул хIинкъи букIуна тавбуги гьабичIого хвезе гурин абураб. Гьел руго жидеего гIузру бачунел. Гьел кколаро Бичасул аварагас бицараб хIадисалда гьорлъе ккарал. ХIадисалда буго: «Аллагьасда дандчIвазе рихарав чиясда дандчIвазе Аллагьасеги рихуна» (Бухари).

Лъабабилеб тайпаялдасан ккола, даимго хвел ракIалде щолев чи. Гьесул рекIелъ кидаго букIуна кидадай дун вокьулев Аллагьгун дандчIвалевин абураб пикру-хиял. Щайгурелъул, рокьи ккарав чи кидаго пикрабазда вукIуна, жиндиего вокьулевгун кидадай дандчIвалевин абун. Гьев вукIуна кидадай жив гьаб гIасилъиялъул рокъоса къватIиве ворчIилевин ва Аллагьасул мадугьалихъ кидадай рещтIиневин абун.

Гьелъ бищун лъикIаб буго Аллагьасде амру тIамун тей. Лагъасе бокьула Аллагьасе бокьарб иш.

Гьединго бусурманчиясда лъазе ккола хвел ракIалдещвеялда яги хвел рехсеялда жаниб гьесие букIунеб хиралъи ва пайда. Бичасул аварагас абун буго: «Нужеца лазатал чIунтизабулеб хвел рехсе». Инсанасда шагьватазде, хIарамазде хьул лъурабщинахъе хвел ракIалде щолеб бугони, гьев гьелдаса рикIкIалъизе вуго, хIарамал шагьватазде хьулцин лъезе гьечIо. Гьединго хвалил кьогIлъиялъул бицунаго, Бичасул аварагас абулеб буго: «Адамил наслуялда гIадин, хIайваналдаги хвезе букIин лъалеб букIарабани, нужеца кьарияб гьан кваназе букIинчIо», -ян. ГIемер хвалил ургъалица хIайван гIорцIизегIан кванан кьаралъизе букIинчIин абураб магIнаялда.

Цо нухалъ ГIаишатица цIехон буго Бичасул аварагасда «Я Бичасул авараг, Аллагьасул нухда чIварав чи гурого кколарищ шагьидлъун?» - абун. Аварагас абун буго: «Я ГIаишат, гьеб гьедин букIарабани дир умматалъул шагьидзаби цIакъ дагьал чагIи рукIинаан, къойида жаниб къого нухалъ «Аллагьумма барикли филь мавти ва фима багIдаль мавти» - абурав чи бусада вегун хваниги, Аллагьас гьесие шагьидасул ажру кьезе буго», - ян (ТIабрани).

Хвел ракIалда щолев чиясе гьединаб макъам щвеялъе гIилла ккола, хвел ракIалда щвеялдалъун гьев гьаб гуккулеб рукъалдаса ватIа гьавула, ахираталъе хIадурлъиялде вачуна.

ХIабиб ГIисаев,

Унсоколо р-лъул имамасул наиб

Самые интересные статьи «ИсламДага» читайте на нашем канале в Telegram.